Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги чІаголъила. Гьел цІакъ пашманлъана. Гьев гьанив гьечІо. Гьев хваралъуса вахъана. РакІалда бугищ Галилеялда вугеб мехалъго ГІисаца нужеда абулеб букІараб: ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги. ГІисаца абун рукІарал гьел рагІаби ракІалде щвана руччабазда. (Гьебмехалъни муридазда бичІчІун букІинчІо гьелъул магІна. Амма ГІисае Аллагьасдасан машгьурлъи щвараб мехалда ракІалде щвана гьезда ТІухьдузда гьесул хІакъалъулъ гьедин хъван букІараблъиги, гьеб ритІухълъизе гІадамаз гьебщинаб жо гьабураблъиги.) Нужер ракІбатизабулеб ва дун хисун нужехъе БетІергьанас битІизе бугеб Илагьияб РухІалъ кинабго малъила нужеда ва дица малъун тарабщинабги ракІалде щвезабила. Гьесул хІакъалъулъ Давудица гьадин абун бугелъулха: «БетІергьан кидаго дир берзукь вуго. Дун тарунгутІизе, хъущтІунгутІизе дир кваранаб рахъалда чІун вуго гьев. Ракьулъ турун тІагІунгутІизе ГІиса жинца хваралъуса вахъинавиялъул хІакъалъулъ Аллагьас гьадин абун букІана: «Аллагьас Давудида лъураб баркат – лъиданиги кодоса бахъизе кІолареб Илагьияб баркат – лъела Дица дуда».
Выбор основного перевода