Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисада абуна: – Я, МугІалим! Дуца цо гІаламат бихьизабизе бокьилаан нижее.
Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове вачІун халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. – Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун гьикъана гьез ГІисада.
Сардилъ ГІисахъе вачІун, гьес абуна: – Я, Рабби! Нижеда лъала мун Аллагьас нижехъе витІарав МугІалим вукІин. Дуца нижеда рихьизарурал гІадинал мугІжизатал лъиданиги рихьизаризе кІоларо, Аллагьасул квербакъи гьечІони.