Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда. Халкъалъул руккалилъ рукІаразул гІемерисел божана ГІисада. Гьез абулеб букІана: – МасихІ вачІараб мехалъ, гьесгицин рихьизарилищ нилъеда гьадигІан гІемерал мугІжизатал? ГІисаца гьедин абидал, гІемераз иман лъуна гьесде. Марямихъе зигараялъ рачІун рукІун ГІисал гьеб мугІжизат бихьарал гІемерал ягьудияз гьесде иман лъуна. гьев сабаблъун гІемерисел ягьудияз, жалги рехун тун, ГІисаде иман лъолеб букІиндал. Бугониги, – цо-цо чІухІби-хІакимзабазгицин иман лъун букІана ГІисаде. Амма балъго гьабулеб букІана гьез гьеб, фарисеяз синагогаялдаса махІрум гьарилилан хІинкъун.
Выбор основного перевода