Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Нужеда дир рагІи бичІчІулеб гьечІо, нужеда гьеб рагІизе рес гьечІелъул. ВорчІухъанас гьесие нуцІа ричІула, чахъабазда гьесул гьаракь рагІула. Цо-цоккун щибалъул цІарги ахІун, вехьас чахъаби чолониса къватІире риччала. Гьевгун цолъиялдалъун нужги лъугьана сунат гьабурал чагІилъун. Амма гІадамаз гьабулеб гІадинаб сунат гуребха гьеб. Нужер чорхолъ ругел мунагьазул лагълъиялдаса МасихІица тархъан гьари лъугьана нужее сунат гьабилъун. Нуж лъадалъ ччун рахъи кколаан МасихІида цадахъ хабалъ рукъиги ва гьесда цадахъ хваралъуса рахъинги. Гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул хІалкІолъиялда божидалха нуж. Хварал чагІи кколаан цере нуж, мунагьазул цІун рукІиндал ва нужее сунат гьабун букІинчІелъул. Амма Аллагьас, мунагьалги чурун, МасихІида цадахъ нилъ чІаголъизаруна. Мусал къанун цІуничІолъиялдалъун нилъеда тІад букІараб тІолабго налъиги Аллагьас тІаса рехана. МасихІил хъанчида тІад хвезабуна гьес гьеб налъи. ХІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги рухІазул кодоса ярагъ бахъана гьес, халкъалда цереги суризаруна ва инжитго тІад малги чІана.
Выбор основного перевода