ГІиса ракъдаде лъугьараб мехалъ, гьесда гьениб бихьана гІемераб халкъ, ва гьев гурхІана вехь гьечІеб гІи гІадин ругел гІадамазда; гьезда гІемераб жо малъизе лъугьана гьев.
Дун вуго лъикІав вехь. ЛъикІав вехьас чахъабазе гІоло рухІги кьола.
Амма мухьдахъ ккурав вехь вехь гуро, чахъаби чияр ругелъул. БацІ рехъалъе бачІунеб бихьани, рехун гІиги тун, лъутун уна гьев. БацІ рехъалъ речІчІула, гІи рахъ-рахъалде лъутизабула, мухьдахъ ккурав вехьасе гьезул ургъел гьечІелъул.