Аллагьасдасан вачІарав чи Аллагьасул рагІухъги гІенеккула. Нуж Аллагьасдасан ругелал гурелъул, нуж гІенеккулел гьечІо.
ВорчІухъанас гьесие нуцІа ричІула, чахъабазда гьесул гьаракь рагІула. Цо-цоккун щибалъул цІарги ахІун, вехьас чахъаби чолониса къватІире риччала.
Жиндирго киналго чахъаби къватІире риччараб мехалъ, вехь рехъада цеве вилълъуна, чахъабиги гьесда хадур уна, гьезда гьесул гьаракь лъалелъул.