Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев. Гьез къватІиве гъун вугилан рагІидал, ГІисаца гьев чи валагьана ва ГІадамил Лъимада мун божулищилан гьикъана. Гьес жаваб кьуна: – Я, БетІерчІахъад, гьесда божизе ккани, цин гьев лъазе ккеларищ? ГІисаца гьесда абуна: – Гьев дуда цевеги вихьана ва гьабсагІат дуда кІалъалевги вуго. – Я, БетІерчІахъад, дуда божула! – ян абуна гьев чияс ва гьебсагІат ГІисада цеве суждаялда чІана. Дун вуго нуцІа. Гьеб нуцІа рагьаравщинав хвасарлъила, жанивеги ина, къватІивеги вачІина, квине жоги щвела. Гьеб рехъалъ гьечІел цоги чахъабиги руго дир. Гьелги рачине ккола дица дирго рехъалъе. Гьелги гІенеккизе руго дир гьаркьихъ. Гьебмехалъ букІина цого рехъен ва цохІо вехьги вукІина. Дир чахъабазда дир гьаракь рагІула, дида гьелги лъала ва гьел дида хадурги рачІуна. – Марям! – абун, цІар ахІун, кІалъана гьелда ГІиса. – Я, Раббуни! – ян ахІана Марямица кьурун гьесдехун юссун (МугІалим абураб магІна буго жугьутІ мацІалда гьеб рагІул.) Гьединлъидал гьесда хадур къватІирехун рилълъинин нилъги, гьес хІехьараб инжитлъи-хІакъирлъиялъул бутІа щвезе!
Выбор основного перевода