Аллагьасул РухІалъ тІоритІулел ругел гІадамал Аллагьасул лъимал ккола.
МасихІилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гІадамал ва Аллагьас кьураб рагІиялъул ирсилал.
Лагъалъул вас гьавуна цогидалго гІадин, узденалъул вас гьавуна – Аллагьас рагІи кьун букІиндал.