Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца гьезда абуна: – ТІехьалда цІаличІищ нужеца: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!» Гьеб ганчІиде вортаравги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго. Унго нужеца киданиги ТІехьалда цІалунгойищ букІинчІеб гьадинаб калима: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. Симеоница гьезие дугІа гьабуна ва гьесул эбел Марямида абуна: – Гьале гьаб Лъимер сабаблъун Исраилил халкъалъул гІемерисел гІодор ккела ва гІемерисел тІаде рахъина. – Гьедин батани, – ян гьикъана ГІисаца, гьезухъги валагьун, – ТІехьалда хъван бугеб гьадинаб калимаялъул магІна щибали лъалищ нужеда: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго»? ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо». Цогиги: «ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, – гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб.
Выбор основного перевода