АллагьасхІагийилан ва дирго гІумруялхІагийилан гьедулев вуго: нужеца гьабуралда рекъараб рагІи нужеда хІунсизе бокьичІогойин дун тІокІав Коринфалде вачІинчІев.
Гьединлъидал Аллагьас дун витІана божи-иманалъул ва хІакъабщиналъул хІакъалъулъ цогидал халкъазда бицине илчилъун, чапарлъун ва насихІатчилъун. Дица гьереси бицунеб гьечІо, дица битІараб бицунеб буго!