Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Ибрагьимил наслуялъул Давудил кьибилалъул вас ГІиса МасихІил умумузул цІаразул рахас гьадинаб буго: Ибрагьимие гьавуна ИсхІакъ, ИсхІакъие гьавуна Якъуб, Якъубие гьаруна Ягьуда ва гьесул вацал. Ягьудае Тамарица гьаруна Перецги Зараги, Перецие гьавуна ХІецрон, ХІецроние гьавуна Рам, Рамие гьавуна ГІаминадаб, ГІаминадабие гьавуна НахІшон, НахІшоние гьавуна Шалмон, Шалмоние Рагьабица гьавуна БогІаз, БогІазие Рутица гьавуна Йобед, Йобедие гьавуна Йишай, Йишаие гьавуна парччахІ Давуд. Уриял йикІарай чІужуялъ парччахІ Давудие гьавуна Сулайман; Сулаймание гьавуна Регьобоам, Регьобоамие гьавуна Абиягь, Абиягьие гьавуна Аса; Асае гьавуна Иегьошапат, Иегьошапатие гьавуна Иегьорам, Иегьорамие гьавуна Уззия; Уззияе гьавуна Иотам, Иотамие гьавуна Агьаз, Агьазие гьавуна Гьезекиягь; Гьезекиягьие гьавуна Манассегь, Манассегьие гьавуна Амос, Амосие гьавуна Иосиягь; жугьутІал Вавилоналде гочинарилалде Иосиягьие гьаруна Йехониягь ва гьесул вацал; Вавилоналде гочун хадув Йехониягьие гьавуна Шеалтиэл, Шеалтиэлие гьавуна Зеруббабел, Зеруббабелие гьавуна Абиуд, Абиудие гьавуна Элиаким; Элиакимие гьавуна Азор; Азорие гьавуна Садок, Садокие гьавуна Ахим, Ахимие гьавуна Элиуд; Элиудие гьавуна Элиазар, Элиазарие гьавуна Маттан, Маттание гьавуна Якъуб; Якъубие гьавуна жинда МасихІилан цІар лъурав ГІисал эбелалъул – Марямил – рос Юсуп. Аллагьасе хъулухъ гьабизе байбихьулеб мехалъ, ГІисал букІана лъебергогІанасеб сон, ва гьесул умумузул силсила гьадинаб бугилан рикІкІунаан: гьесул эмен Юсуп, гьесулги эмен ГІели, цинги Маттат, Леви, Малки, Яннай, Юсуп, Маттитья, ГІамос, НахІум, Гьесли, Наггай, МахІат, Маттитья, ШимгІи, Йосех, Йода, ЙохІанан, Реса, Зеруббабел, Шеалтиэл, Нер, Малки, Адди, Къасам, Элмадам, ГІер, Бищунго цебе букІана РагІи. РагІи Аллагьасда аскІоб букІана. РагІи букІана Аллагьлъунги. Аллагьасул хІакъаб рагІи гьез гьерсихъ хисана. Кинабго жинца бижарасе гьабичІого (Абадияб рецц гьесие, амин!), гьес бижаралъе гьабуна тІагІатги гІибадатги. Гьев сабаблъун бижана кинабго зобалазда бугебги ва ракьалда бугебги, бихьулебги бихьуларебги, ай тахида ругел, кверщел бугел, хІакимзабилъун ругел, ханзабилъун ругел рухІалги. Гьесдалъун ва гьесие гІоло бижана Аллагьас кинабго. Сундасаго цеве вукІана гьев, гьесдалъун цІунун буго киналъулго низамги. Иман лъуразул агьлу черхлъун рикІкІани, гьелда тІад бетІерлъун вуго МасихІ. Сундулго авал вуго гьев. Аллагьас жиндирго Вас хваралъуса тІоцеве вахъинавуна, сундулъго гьес тІоцебесеб бакІ кквезе бокьун. Аллагьасе бокьана жиндилъго бугебщинаб жиндирго Васасулъги букІине.
Выбор основного перевода