ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев!
Жив вокьулел ва, жиндир амруялда рекъон, хъулухъ гьабизе ахІарал гІадамазе Аллагьас сундулъго лъикІлъи гьабулеблъи лъала нилъеда.