Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана. Инсан хвезавулеб мунагьалъ ханлъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже Аллагьасул баркаталъги ханлъи гьабила, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ ритІухълъизе ва абадияб гІумруги насиблъизе. Къосине чІоге нуж: лъиданиги кІоларо Аллагь гуккизе! Бекьараб гурони хуриб бижуларо. Напсалъе бокьулеб бекьарасе напсалъул хуриб хвел бижула; РухІалъе бокьулеб бекьарасе РухІалъул хуриб абадияб гІумру бижула. Цинги гьеб квешаб къасд къинлъун, мунагь гьабула, гьеб мунагь цІубараб мехалъ – хвел бижула. Аллагьас нилъее кьураб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъги буго гьеб нугІлъи. Гьесул Васасулъин гьеб гІумру бугеб.
Выбор основного перевода