Кколаро! Мунагьалъе хвана нилъ! Гьанжеги мунагьал гьаризе бегьилищ нилъеца?
Гьев хвана киназего гІоло, цинги чІаго ругелаз гІумру жидеего гІоло гьабичІого, – жидее гІоло хварасе ва хваралъуса вахъинавурасе гІоло гьабизе.
Гьедин ритІухълъана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима: «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». Гьедин «Аллагьасул гьудул» абураб цІарги щвана Ибрагьимие.