Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цо инсанас гьабураб цохІо мунагь сабаблъун хвалие ханлъи щвараб батани, цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун кигІан гІемерал гІадамазеха парччахІлъи щвезе бугеб! Гьарзаго Аллагьасул баркатги щварал ва чІорого ритІухълъизеги гьарурал гьел гІадамазе чІаголъи насиблъила. Инсан хвезавулеб мунагьалъ ханлъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже Аллагьасул баркаталъги ханлъи гьабила, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ ритІухълъизе ва абадияб гІумруги насиблъизе. МасихІидеги цолъун, Аллагьасда цере ритІухълъизе нилъеца хІаракат бахъулеб бугониги, нилъ мунагьал гьарулел чагІилъун лъугьунел ругони, – МасихІги мунагьалъул рахъалда вугин абураб магІна кколебищ гьелъул? Гьайгьай, кколаро!
Выбор основного перевода