Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дица бицунеб бугеб жо нужеда бичІчІила, вацал, Къанун щибали нужеда лъалелъул. Инсан чІаго вугебгІан заманалда гурони, Къануналъ гьесда тІад кверщел гьабуларо. Масала, Къануналъ лъади жиндирго росасдехун юхьун йикІуна гьев чІаго вугебгІан заманалда. Гьев хваравго, гьей эркенлъула ригьнал рахъалъ Къануналъул рихьизарияздаса. Рос чІаго вукІаго гьей цогидасда цадахъ йигони, зина гьабулеб бугин гьелъилан абула. Амма рос хведал гьей эркенлъула Къануналъул кверщелалдаса. Цогидасе аниги, зина гьабулеб бугин гьелъилан абуларо. Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, – МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе. Мунагьаб напсалъ нилъеда тІад кверщел гьабулеб букІараб заманалда, Къануналъ квешал къасдазул къуват цІикІкІинабулаан нилъер чурхдузулъ, нилъер ишаздалъун хвалие хъулухъги гьабулаан. Амма кидаялиго нилъ асирлъуда чІезарун рукІараб мунагьалъе гьанже нилъ хун ругелъул, Къануналдаса эркенлъана, – хъван кьураб Къануналъ бихьизабураб басрияб нухдасан инчІого, РухІалъ бихьизабураб цІияб нухдасан ун, Аллагьасе гІибадат гьабизе. Щибиланха гьанже абилеб? Къанун мунагьазул иццлъун кколиланищ абилеб? Абиларо! Къанун букІинчІебани, мунагь щиб жояли лъалароан дида. Масала, дида лъалароан, жахІда-хІусуд щиб жояли: «ЖахІда-хІусуд гьабуге!» – ян абураб амру Къануналда батичІебани. Гьеб амруги хІалае ккун, мунагьалъ дир жахІдаяб рекІелъ рижизаруна цогидазул бугебщинаб диеги щвелародайилан абурал пикраби. Къанун гьечІони, мунагь хвараб жо буго. Къанун гьечІеб заманги букІана дир гІумруялъулъ, амма Къануналъул амру рещтІараб мехалъ, мунагь чІаголъана, дун хвана. Къанунги бацІцІадаб буго, Аллагьасул амруги бацІцІадаб, ритІухъаб ва лъикІаб буго. Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал. Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб РухІ щвараб, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божиялдалъунищ? ГьедигІанго гІантал гІадамалищха нуж? РухІалдасан байбихьарал нужеца мунагьаб напсалдалъун лъугІизабулебищ бугеб? Нужеда тІаде ккараб хІалбихьиги хІехьараб къварилъиги гІададайищха ккараб? ГІадада ккезе бегьилищ гьеб! Къануналъ малъараб нужеца гьабидалищ, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божидалищ – Аллагьас нужее Илагьияб РухІ кьураб ва нужеда гІаламатал рихьизарурал? Гьедин Ибрагьимги Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана. Нужеда лъан букІа: божи-иман къабул гьабурал гІадамал Ибрагьимил лъималлъун ккола. Аллагьасда лъалаан гьезул божи-иманалдалъун халкъал ритІухъ гьаризе ругеблъи. Гьединлъидал, Ибрагьимида Рохалил хабарги бицун, ТІехьалда хъван букІана дудалъун киналго халкъазе баркат щвезе бугилан. Гьедин иманалде рачІаразеги щола жиндирго божи-иманалдалъун Ибрагьимие щварабгІанасеб баркат. Къанун цІуниялде мугъчІвай гьабулел гІадамал нагІанадулъ къан руго. ТІехьалда хъван бугелъулха: «Къануналъул тІехьалда хъван бугебщиналъул рахъ кколаресе ва гьеб кинабго кидаго тІубазабуларесе нагІана щола». Гьелдасан бичІчІула Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цеве щивниги ритІухъавлъун рикІкІунаревлъи. Хъван буго: «ВацІцІадав инсан божи-иманалдалъун чІаго хутІила». Божи-иманалдасан гуро Къанун бачІун бугеб. Хъван буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила», – абун. Къануналъул нагІанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гІоло гьеб жиндаго тІаде босана МасихІица. ТІехьалда хъван бугелъулха: «ГъотІода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагІана буго». Гьеб лъугьана Аллагьас Ибрагьимие рагІи кьун букІараб баркат МасихІ ГІисадалъун халкъазе щвезе гІоло ва Аллагьас къотІи гьабун букІараб РухІ божи-иманалдалъун нилъее щвезе гІоло. Гьале, вацал, нужее гІадамазул гІумруялдаса мисал. Цо пуланав чияс хъвараб ва тасдикъ гьабураб васият хвезабизе яги хисизабизе лъилниги ихтияр гьечІо. Гьединго Аллагьасги рагІи кьун букІана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гІемерал чагІийилан) абун гьечІо, «наслуялъул чийилан» (цохІо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго МасихІ. Дица гьадин абила: цебего Аллагьас гьабун букІараб къотІи хисизабуларо ва Аллагьас кьураб рагІиги хисизабуларо гьелдаса ункъусиялда лъеберго соналъ хадуб рещтІараб Къануналъ. Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс – гьеб кколаро Аллагьас рагІи кьун букІиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтІинабуна жинца кьураб рагІуда рекъон. Гьедин батани, Къанун щайха къваригІун букІараб? Такъсир сабаблъун тІаде жубан букІана гьеб. Аллагьас рагІи кьун букІарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачІинегІан хІалтІизабизе рещтІана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукІана. Гьоркьохъан вукІуна кІигоясда гьоркьов, амма Аллагь цохІо вуго! Щибха гьаниб кколеб бугеб – Аллагьас кьураб рагІиялде дандечІунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечІо! Камилаб гІумру кьезе кІолеб Къанун щун букІарабани, гьебмехалда хІакъикъаталдаги Къануналдалъун ритІухълъилаан Аллагьасда цере. ТІухьдуз бицунеб буго тІолабго гІалам мунагьалъулъ къан бугин, – ГІиса МасихІида божарасе кьелилан рагІи кьун букІарабги иман лъуравщинав чиясе щвезе гІоло. Божи-иман рещтІинегІан ниж жанир тІамун рукІана, Къануналъ хъаравуллъиги чІезабун. Гьедин хутІана божи-иман загьирлъизегІан. Цинги, МасихІ вачІинегІан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, – Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритІухълъизе. Божи-иман рещтІун хадуса ниж хутІичІо къайимлъи гьабулесул ихтияралда гъоркь. МасихІ ГІисаде бугеб божи-иманалдалъун Аллагьасул лъималлъун лъугьана нуж киналгоги. МасихІидалъун лъадалъ ччун рахъана нуж, ва МасихІ нужее цІияб ретІеллъунги лъугьана. Гьанже тІокІалъ гьечІо я жугьутІал, яги грекал, я лагъзал, яги уздензаби, я бихьинал, яги руччаби – нуж киналго цолъана МасихІ ГІисадалъун. МасихІилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гІадамал ва Аллагьас кьураб рагІиялъул ирсилал. Лъала къанунал ритІухъго хьвадулезе гІоло рахъулареблъиги. Гьел рахъун руго квешал ва мутІигІлъуларел, пасатал ва мунагьазукьа хІинкъуларел, Аллагь какулел ва Аллагьасдаса ратІалъарал, эбел-эмен чІвалел гІадамазе; чІвадарухъабазе, Гьесде цолъун вугевщинас мунагь гьабуларо, мунагь гьабулевщинасдаги гьев вихьунги лъанги гьечІо.
Выбор основного перевода