ХІакъабщинаб лъала нужеда, ва гьелъ нуж тархъан гьарила.
ТІадегІанас жиндихъего ахІарав лагъ ТІадегІанасда цеве эркенав чилъун ккола, эркенго вукІаго ахІаравги МасихІил лагъ ккола.
Эркенлъи щвезелъун тархъан гьаруна МасихІица нилъ. Гьединлъидал гьеб эркенлъиги ккун чІа, лагълъиялъул рукь нахъеги горбоде ккезе биччаге.