Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Къануналъ Аллагьасул ццин бахъинабулелъул, Къанун гьечІеб бакІалда такъсирги букІунаро. Щибиланха гьанже абилеб? Къанун мунагьазул иццлъун кколиланищ абилеб? Абиларо! Къанун букІинчІебани, мунагь щиб жояли лъалароан дида. Масала, дида лъалароан, жахІда-хІусуд щиб жояли: «ЖахІда-хІусуд гьабуге!» – ян абураб амру Къануналда батичІебани. Гьеб амруги хІалае ккун, мунагьалъ дир жахІдаяб рекІелъ рижизаруна цогидазул бугебщинаб диеги щвелародайилан абурал пикраби. Къанун гьечІони, мунагь хвараб жо буго. Гьедин батани, Къанун щайха къваригІун букІараб? Такъсир сабаблъун тІаде жубан букІана гьеб. Аллагьас рагІи кьун букІарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачІинегІан хІалтІизабизе рещтІана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукІана.
Выбор основного перевода