ГІисаца жаваб кьуна: – Дун вуго нух. Дун вуго хІакъикъат. Дун вуго чІаголъи. Дидалъун гурони цониги инсан дир Инсухъе вачІине гьечІо.
Киналго мунагьалъукье ккун рукІана, киналго махІрумлъун рукІана Аллагьасдасан рещтІараб Нуралдаса.
Гьанже дица нужеда ракІалде щвезабулеб буго, вацал, нужеда дица лъазабураб, нужецаги къабул гьабураб, нужер божи-иманалъул щулияб кьучІлъунги бугеб Рохалил хабар.