Нилъер мунагьал чуриялъе гІоло хвалде ана ГІиса ва нилъ ритІухълъизариялъе гІоло Аллагьас чІаголъизеги гьавуна.
Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана.
Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго.