Цо чи сабаблъун бачІана хвел, цо чи сабаблъун бачІана хваралъуса рахъинариги.
Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго.
Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ – гьесул агьлуги.