Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьесул баркаталъул гьарзалъиялъин баркаталда хадубги баркат щвараб нижее. Амма нилъ божула ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун нилъ хвасарлъизе рукІиналда, гьединго гьелги хвасарлъизе рукІиналда. Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана. ХІакъикъаталдаги, цо инсанасул мунагь сабаблъун, гІемерал гІадамазе суд гьабуна. Гьединго, цо инсанасул лъикІаб иш сабаблъун, киналго гІадамал ритІухълъана ва гьезие чІаголъиги щвана. Аллагьасухъ гІенеккичІев цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал мунагьалъукье ккарал гІадин, Аллагьасухъ гІенеккарав цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал ритІухълъизарила.
Выбор основного перевода