Рохалил хабаралъул хІакъикъияб нухдаса гьел кьурулел рукІин бихьидал, киналго ругеб бакІалда дица Кефада абуна: «ЖугьутІав вугониги, мун цогидал халкъазул гІадамал гІадин хьвада-чІвадулев вуго. Дуца цогидал халкъазул гІадамал щай тІамулел ругел жугьутІазухъего хьвадизе?» – ян.
Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал.
Зобалазда нужее цІунун бугелде лъураб хьулалъ бижизабураб буго гьеб божи-иманги рокьиги. Гьеб хьул нужелъ бижана хІакъикъияб Рохалил хабар нужеда рагІараб мехалъго.