Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нужер божи-иман гьодораб жо буго, нужги церего гІадин нужерго мунагьазул кверщаликь руго. Щибха гьаниб кколеб бугеб – Аллагьас кьураб рагІиялде дандечІунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечІо! Камилаб гІумру кьезе кІолеб Къанун щун букІарабани, гьебмехалда хІакъикъаталдаги Къануналдалъун ритІухълъилаан Аллагьасда цере. Гьале дица, Павелица, абулеб буго нужеда: нужеца гьанже сунат гьабуни, нужее МасихІидасан щибго пайда букІине гьечІо. Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьарал нуж МасихІидаса ратІалъана. Баркаталдасаги тІуна нуж. Къануналъ рихьизарурал ишал Исраилил халкъалда гьоркьор тІуразарулел кашишзаби рукІана Левийил наслуялъул гІадамал. Гьел кашишзабаздалъун камиллъи щолеб букІарабани, цогидав кашиш, ай Гьарунил наслуялъул гурев, Мелкицедек гІадинав кашиш къваригІинароан.
Выбор основного перевода