Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Ягьудиялдаса цо киналалиго гІадамал рачІун гьез вацазда абуна, Мусал къануналда рекъон сунат гьабичІони, нуж хвасарлъуларилан. Нижеда рагІана нижер тІадкъай гьечІониги цо-цо гІадамаз нужер рахІат хвезабулеб бугилан, нуж къосинарулел ругилан. ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи... хІакъикъаталда гьеб Рохалил хабар гуро. Цо-цо гІадамаз нуж ита-таризе гьарулел руго, ва гьез хІаракат бахъулеб буго МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар мекъса сверизабизе. Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь.
Выбор основного перевода