Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьезда Пётрица абуна: – Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи. Рохалил хабаралъул хІакъаб магІна нужелъ хутІизелъун цо лахІзаталъгицин мутІигІлъичІо ниж гьезие. Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине. Амма Пётр Антиохиялде вачІараб мехалъ, гІадамазда цеве гьесда дандечІун кІалъазе вахъана дун, гьениб гьес гьабидалха гІайиб чІвазе ккараб иш. Мунагь гьабулел гІадамалин абуни, тІолабго агьлуялда цере къватІир чІвазаре, гьелъухъ балагьун цогидалги хІинкъизе.
Выбор основного перевода