Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе. Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, – МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе. Амма кидаялиго нилъ асирлъуда чІезарун рукІараб мунагьалъе гьанже нилъ хун ругелъул, Къануналдаса эркенлъана, – хъван кьураб Къануналъ бихьизабураб басрияб нухдасан инчІого, РухІалъ бихьизабураб цІияб нухдасан ун, Аллагьасе гІибадат гьабизе. Гьев хвана киназего гІоло, цинги чІаго ругелаз гІумру жидеего гІоло гьабичІого, – жидее гІоло хварасе ва хваралъуса вахъинавурасе гІоло гьабизе. «Мунагьазул цІурал мажусияллъун» гурел, жугьутІаллъун рижун руго ниж. Щибха гьаниб кколеб бугеб – Аллагьас кьураб рагІиялде дандечІунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечІо! Камилаб гІумру кьезе кІолеб Къанун щун букІарабани, гьебмехалда хІакъикъаталдаги Къануналдалъун ритІухълъилаан Аллагьасда цере.
Выбор основного перевода