Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Филимону
1
Параллельные места
Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ. Барнабаги Шаулги, жидеда тІадкъараб ишги тІубазабун, Иерусалималдаса Антиохиялде тІадруссана. Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги вачана гьез жидедаго цадахъ. Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Пафосалдаса гамида рекІун ун, Памфилиялъул Перга абулеб шагьаралде щвана. Гьездаса ватІалъун Иерусалималде тІадвуссана Иоанн. Барнабае бокьана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги цадахъ вачине. Амма Павелида ракІалде ккана доба, Памфилиялда, гьелги рехун тун нахъе арав, гьезул ишалъе гьелдаса хадуб кумекги гьабичІев чи цадахъ вачун лъикІ гурилан. Гьеб сабаблъун кІиясдаго гьоркьоб кьал ккана. Гьедин Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъана. Маркги вачун, гамидаги рекІун, Барнаба Кипралде ана. ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. ГІадамазул цо къокъаялъ ккуна Павелида цадахъ гьеб сапаралда рукІарал Македониялдаса Гайги Аристархги. Цинги киналго рекерулел рукІана данделъаби тІоритІулеб бакІалде. Ралъдал рагІалда ругел Асиялъул шагьаразде ине къачІан букІараб Адрамиттиялъул гамида рекІана ниж. Нижеда цадахъ вукІана Фессалоникаялдаса македонияв Аристархги. Гьеб нужеда малъана нилъер ишалъе хІалтІулев вугев ва нижее вокьулев Эпафрасица. Нужее мунпагІаталъе гьес МасихІие ритІухъго хъулухъ гьабулеб буго. Нужеде салам буго дида аскІов туснахъалъув вугев Аристархилги Маркилги (гьев Марк ккола Барнабал вацгІал, гьесул хІакъалъулъ ругьел битІун букІана нужехъе, гьениве вачІани, гьесие гьоболлъи гьабеян). Юст абун тІокІцІар бугев ГІисалги буго нужеде салам. Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло дида цадахъ хІалтІулел ругел дир кумекчагІазда гьоркьор гьел гурони жугьутІал гьечІо. Кидаго дир рекІее бигьалъи лъугьинабулел чагІи руго гьел. МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулев чи нужерго Эпафрасилги буго нужеде салам. Нужги рехсон, кидаго Аллагьасде кІудияб гьари-дугІаялда вуго гьев. Нуж камиллъагиян ва Аллагь разилъулебщинабги нужехъа лъугьагиян гьарулеб буго гьес. Лаодикеялда ва Иераполалда ругел иман лъуразеги нужееги гІоло гьев хІаракаталда хІалтІулев вукІиналъе нугІлъи гьабулеб буго дица. Нужеде салам битІулеб буго Демасица ва нижер хирияв тохтир Лукацаги. Гьаб дуниялалде рокьи цІикІкІун дун рехун тана Демасица ва Фессалоникаялде ана. Крескент Галатиялде ана, Тит Далматиялде ана. Дида аскІов цохІо Лука хутІун вуго. Маркги цадахъ ваче дуца, дир хъулухъалъулъ гьес дие цІакъ кумек гьабула.
К Филимону
1
Выбор основного перевода