Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Филимону
1
Параллельные места
МасихІ ГІисал чапарлъун вукІине Аллагьас тІаса вищарав Павелил ва диналъул вац Тимофейил салам буго Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде, гьединго тІолабго Ахаялда ругел иман лъуразул агьлуялдеги. Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. Нужер хІакъалъулъ гьединаб пикру букІинарищ дир, кидаго дир рекІелъ нужеде рокьи бугелъул. Нужедаги дидаги Аллагьасул баркат лъуна дун туснахъалъув вугеб мехалъги, Рохалил хабар тІибитІизабизе къеркьон, гьеб битІараб букІин чІезабулеб мехалъги. кІалгІаялъур ругел киналго рагъухъабаздаги ва цогидал хутІараздаги бичІчІана дида рахсал МасихІ сабаблъун ран ругеблъи. Цинги хІукму ккана гьанив дида цадахъ хІалтІарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хІажалъулеб хъулухъалъе нужеца витІун вачІун вукІарав Эпафродит тІадвуссун нужехъе витІизе. Мун рекІекълъуге нилъер ТІадегІанасул хІакъалъулъ нугІлъи гьабулеб букІиналдасаги, гьесде иман лъей сабаблъун дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъуге. Аллагьас дуеги сабру кьун бугелъул, дуцаги хІехье Рохалил хабар сабаблъун дие бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба. Амма дие мун вокьулелъул, дица – Павелица, МасихІ ГІисал вакилас, тІадежоялъеги гьанже гьесие гІоло туснахъалъув тІамурав чияс – дуда гьарун толеб буго.
К Филимону
1
Выбор основного перевода