Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Филимону
1
Параллельные места
Гьале Пётр туснахъалъув вуго. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъ тІадчІун Аллагьасде гьари-дугІа гьабуна гьесда гурхІаян. Гьебмехалъ гІакълуялде вачІун живго жиндаго гаргадизе лъугьана Пётр: «ХІакъикъаталдаги БетІергьанас дихъе малаик витІун вачІана дун Гьеродил квердасаги ва ягьудиязул тІолабго халкъалъе бихьизе бокьун букІарабщиналдасаги хвасар гьавизе». Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ. Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана. Нужецаги гьари-дугІа гьабеха, нижеда тІадрекъон. Нилъер гьари-дугІа цІикІкІани, Аллагьасги цІоб лъела, гІадамаз Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина. Нужее къваригІун вукІиналда ракІчІун бугелъул, дида лъала дун нужеда киназдаго цадахъ хутІилевлъи, нуж тІоритІизеги иманалъ нуж рохизаризеги. ТІадегІанас дир ракІчІезабулеб буго кватІичІого нужехъе вачІине диеги рес ккелилан. Дица кутакалда гьарулеб буго нужеда, Аллагьасда гьарейин хехгого дун гьанжеги нужехъе витІейилан.
К Филимону
1
Выбор основного перевода