Гьезул рокъоб данделъулеб иман лъуразул агьлуялдаги бице дир салам. Асиялда тІоцебе МасихІиде иман лъурав, дие хирияв Эпенетидеги буго дир салам.
Цинги хІукму ккана гьанив дида цадахъ хІалтІарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хІажалъулеб хъулухъалъе нужеца витІун вачІун вукІарав Эпафродит тІадвуссун нужехъе витІизе.
Архиппида абе ТІадегІанав ГІисал тІадкъай тІубазабизе кколилан.
МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъанас гІадин, гІазаб-гІакъуба хІехьезе хІадурго вукІа.