Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьесдалъун кІвана нилъеда божи-иман сабаблъун гьанже нилъее бугеб баркаталъе мустахІикълъизе. Аллагьасул къудраталъулъ нилъееги гІахьаллъи щвелилан бугеб хьулалдаса рохун руго нилъ. Нужеда лъаларебищ нуж Аллагьасул мукъадасаб рукъ ругеблъиги нужелъ Аллагьасул РухІ бугеблъиги? Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. Аллагьасул РухІ рещтІараб рукълъун рукІине, МасихІгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун. Жиндирго черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу хвасар гьабуравлъунги гьелъул бетІерлъунги МасихІ вугев гІадин, росасги бетІерлъи гьабула лъадуе. Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна. нагагь дун вачІине кватІани, нужеда лъан букІине Аллагьас тІаса бищараб агьлуялда, ай абадияв-даимав Аллагьасде иман лъуразул агьлуялда гьоркьор кин хьвада-чІвадилелали. Гьеб ккола хІакъабщиналъул хІубиги сангарги.
Выбор основного перевода