Гьелда божарал нилъее щвезе буго Аллагьас къотІи гьабураб рахІат-хІалхьи. Гьадин абулеб буго гьес гьелъул хІакъалъулъ: «Ццин бахъун дун гьедана, гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинарилан!» Гьес гьедин абуна, дуниял бижараб ва гьеб бижиялъул хІалтІи лъугІараб мехалдасаго жиндирго къадар киданиги хисизабун букІинчІониги.
Амма гьелъулго хІакъалъулъ гьес абулеб буго: «Гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинаро!»
РачІа нилъецаги хІаракат бахъилин рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде лъугьине, – дол гІадамазулго гІадинаб мутІигІлъунгутІиялъ къосинарунгутІизе.