Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее. Нилъги гьесул Черхалъул лугбилъун ругелъулха! МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони. Гьес нилъее сайигъат гьабуна жинца рагІи кьун букІараб кІудияб ва хирияб хазина, – гьелъул кумекалдалъун гьаб дуниялалда ругел гІадамал пасалъиялде ва хвалде рачунел къасдаздаса цІунун, нужее илагьиябщиналъул бутІа щвезе.
Выбор основного перевода