Гьезда гьоркьоса рахъана цересел аварагзаби, инсан хІисабалда МасихІги гьезул наслуялъул вуго. Бищунго тІадегІанавлъун вугев Аллагьасе абадияб рецц! Амин.
Аллагьасин нилъ, МасихІ ГІисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, – цереккунго нилъее рихьизарун рукІарал лъикІал ишал тІуразаризелъун.
Гьаб дуниялалъул ахир гІагарлъараб заманалдайин абуни, гьев нилъедехун кІалъана жиндирго васги витІун. Васасе щвезе буго Аллагьас бижанщинаб, гьесдалъун бижана дуниял-гІалам.