Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Къанун хъван букІана ганчІил къаназда. Аллагьас гьеб рещтІинабулеб мехалъ илагьияб Нур гвангъана, гьеб дагьабго заманаялъ загьирлъун букІаниги, Исраилил халкъалда кІвечІо гьеб Нуралъ гвангъизабураб Мусал гьурмахъ ралагьизе. Хвалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, Илагьияб РухІалъ чІезабураб къотІиялъул Нур кигІан кутакабха букІинеб? ТамихІалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, инсан ритІухъ гьавулеб РухІалъул Нур кигІан кутакабха букІинеб? Кидаялиго Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьанже тІубанго тІагІун буго, гьелдасаги гІемерго гвангъараб Нур хІакълъунго ракьалде рещтІун бугелъул! Дагьабго заманаялъе рещтІараб Нур гвангъун букІараб батани, гьелдаса гІемерго цІикІкІун гвангъула абадияб Нур. Гьале гьанже ГІисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, – цере рукІарал кашишзабазулалдаса гІемерго тІадегІанаб. Гьединго тІадегІанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб ГІисадалъун лъугьараб КъотІи. ЛъикІабщиналъе кьураб рагІул кьучІалда гьабураб бугелъул, цІакъго лъикІаб КъотІи буго гьеб. Аллагьасул минаялъуб хъулухъ гьабизе тІамурав чилъун гьединав бищунго кІудияв кашиш вугелъулин,
Выбор основного перевода