АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна: – Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана.
МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан.
ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас кинабго гьесул малакь лъуна». «Киналъулго» бицунаго, гьайгьай, гьелда гьоркьове унаро гьеб кинабго МасихІил малакь лъурав Аллагь.