Гьединлъидал гьеб рагІи кьеялъе сабаблъун божи-иман лъугьана ва гьел мустахІикълъичІеб сайигъатлъун букІана. Гьедин кьураб рагІи хвезабиларилан къотІиги гьабуна Аллагьас Ибрагьимил наслуялъе: Къануналъ малъухъе хьвадулезе ва Ибрагьимил божи-иманалъул нух ккуразе. Нилъер киназулго эмен вуго гьев.