Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьесдехун вуссун ГІисаца абуна: – Гьардарав гурищ мун, Юнусил вас Симон. Инсанас гуро мун гьелде кантІизавурав, зобалазда вугев дир Инсуца кантІизавуна. РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи – Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи. Илбис буго нужер эмен. Нужер эменлъун кколеб илбисалъулаб тІубазабулеб буго нужеца. БачІинго сундасан букІараб илбисалъул? Чи чІваялдасан гурищ? РитІухълъиялъул рахъги кквечІо гьелъ, ритІухълъи гьелъулъ жиндилъго гьечІелъул. Гьереси – гьелъул кІалдиб ругьунаб мацІ буго, тІолабго гьересиги гьелдасан бачІараб бугелъул. Турулебаб турулареблъун лъугьараб мехалъ, холебабги холареблъун лъугьараб мехалъ ритІухълъила ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима: «Хвел къулчІана, къезабуна». Хадубги: «Хвел, киб бугеб дур бергьенлъи! Хвел, киб бугеб дур хеч!» Хвалил хеч ккола мунагь. Мунагьалъе къуват Къануналдасан щола. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ бергьинарулев Аллагьасе рецц! Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна. Мунагь гьабулевги илбисалъул рахъалда вуго, авалалдаса бахъарабго мунагь гьабулеб бугелъул гьеб. Илбисалъул ишал хвезаризейин Аллагьасул Вас загьирлъарав. Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ.
Выбор основного перевода