Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьелдаса хадуб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе байбихьана ГІисаца. – Нуж кантІе, Аллагьасде русса! – ян абулеб букІана гьес. – Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин! Нилъер агьлуялда гьоркьор Аллагьас тІуразарурал ишазул хІакъалъулъ къисаби, байбихьудаса бахъараб гьеб кинабго жидеда бихьарал ва Аллагьасул РагІиялъе жидеца хъулухъ гьабурал гІадамаз рицухъе хъвазе гІемерав чияс хІалбихьана. Цебе заманалда чанго нухалъ ва батІи-батІияб къагІидаялъ кІалъана Аллагь нилъер умумуздехун жиндирго аварагзабиги ритІун. Аллагьасул вас гІад-хочІ гьавурав чиясе кинаб тамихІдай букІина? Жив мунагьалдаса вацІцІад гьавураб ва илагьияб КъотІи щулалъизабураб бидул багьа учузлъизабурасе кинабдай букІина? Илагьияб РухІалдасан бачІунеб баркат инжит-хІакъир гьабулесе кинабдай букІина? Нужецаго пикру гьабе гьединал такъсиразухъ тамихІ кигІан цІикІкІараб букІинебали! Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе.
Выбор основного перевода