Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьел руго жеги дуниялалде рачІиналдего Аллагьас тІаса рищун рукІарал гІадамал. ГІемерал вацазда гьоркьов гьесул Вас тІоцевесевлъун лъугьинелъун, гьесул Васасда релълъарал лъугьине цогидаздаса ратІа гьарунги рукІана гьел гІадамал. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина.
Выбор основного перевода