Гьес жаваб кьуна: – Я, дир вацалги умумулги! Дихъ гІенекке нуж. Харраналде гочиналдего, гьев жеги Месопотамиялдаго вугеб мехалъ, нилъер кІудияв эмен Ибрагьимие загьирлъун, Къудратав Аллагьас абуна:
«Дурго росу-ракьги рехун тун, гІага-божаралги тун, мун а дица бихьизабизе бугеб ракьалде».
Гьебмехалъ Ибрагьим, халдеязул ракьалдаса Харраналде гочун, гьенив чІана. Цинги гьесул эмен хун хадув Аллагьас гьев гочинавуна гьаб нужеца яшав гьабун бугеб ракьалде.