Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Амма ижарачагІаз, кквезеги ккун, гьезул цояв вухун вуго, цояв чІван вуго, цогидав ганчІал речІчІун хвезавун вуго. Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун. шагьаралдаса къватІивеги рехун, ганчІал речІчІун чІвана. Гьенир рукІарал гІадамаз жидерго гІабаби Шаул абун цІар бугев цо гІолохъанчиясда цере лъун тана. Аллагьасул цІаралдасан халкъалъе хабар бицарал аварагзабаздасан мисал босе: гьезда гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьана ва кинабго кІудияб сабруялда хІехьана гьез.
Выбор основного перевода