Гьел киналго гІадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букІинчІо Аллагьас къотІи гьабураб жо, амма рикІкІадасанго гІадин бихьулеб букІана къотІи тІубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикІкІунаан апарагзабилъун ва къватІире гъурал гІадамаллъун.