Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила.
ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев!
Кьураб рагІи тІубазабизе къуват Аллагьасул букІиналда щибго щаклъи гьечІого божана.