Гьединлъидал нужги камилаллъун рукІа, Зобалазда вугев нужер Эмен камилав вугев гІадин.
Камиллъараб мехалда гьев лъугьана жиндихъ гІенеккаразе насиблъулеб абадияб хвасарлъиялъул иццлъун.
Гьале гьанже ГІисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, – цере рукІарал кашишзабазулалдаса гІемерго тІадегІанаб. Гьединго тІадегІанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб ГІисадалъун лъугьараб КъотІи. ЛъикІабщиналъе кьураб рагІул кьучІалда гьабураб бугелъул, цІакъго лъикІаб КъотІи буго гьеб.