Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
гьесие бокьун бугелъулха киналго гІадамал хвасарлъизе ва хІакъабщинаб лъаялде рачІине. Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана. ХІалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагІиялъул лъикІлъи, лъана тІаде щвезе бугеб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул къуват-гуч. Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас! Ризго рарал цІадазул регьел гъорлъ цІикІкІараб ракьалъ лъикІаб бачІин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола. Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечІони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагІана насиблъиялъул хІинкъи букІуна гьелъие. Ахирги цІа гъун бухІула гьединаб ракьалда бижарабщинаб.
Выбор основного перевода