Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьединлъидал нужги камилаллъун рукІа, Зобалазда вугев нужер Эмен камилав вугев гІадин. Гьединлъидал квана-гьекъеялда, моцІ цІилъиялда ва шамат къоялда хурхарал, гьединалго цогидалги киналалиго байрамазул къанун нужеца хвезабулеб бугилан лъицаниги гІайиб чІвагеян абе. Гьел киналго нилъее рихьизарун рукІарал къанунал кколаан хадуб бачІине бугелъул рагІад. Амма хадув вачІарав МасихІ рагІад гуро! Гьез жаниб хъулухъ гьабулеб чадир ккола зобалазда бугеб мукъадасаб чадиралъул рагІадлъунги суратлъунги. Гьединго ккана Мусалги: Мусаца мукъадасаб чадир чІвазе кколеб букІараб мехалда, Аллагьас гьесда абуна: «Доба магІарда дуда бихьизабун букІараб зобалазул чадиралъул сураталда рекъон гьабе кинабго». Гьале гьанже бугеб заманалъул рахъалъ гьабураб ишарайин гьеб. Гьелъул магІнаги ккола Аллагьасе гьарурал сайигъатазги хІайванал къурбаналъе хъвеялъги гьеб къурбан жинца гьабурав чиясул намус бацІцІалъуларин ва гьев камиллъизавизе кІоларин абураб.
Выбор основного перевода