МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан.
Аллагьас цониги малаикасда киданиги абурабищ: «Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан»?
Бижанщиналъул кверщелги кьуна гьесухъе». «Бижанщиналъул кверщел кьунин» инсанасухъейилан абулеб буго, гьесул кверщаликь гьечІеб жо щибниги хутІичІеблъиги бичІчІулеб буго. Бугониги – бижанщиналъул кверщел гьанже инсанасухъ бихьулеб гьечІо нилъеда.