Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго! Нилъее гьедин рагІи кьун бугелъул, дир хириял, хІарамабщиналдаса бацІцІад гьабилин нилъерго черхги рухІги! Аллагьасукьа хІинкъун, гьеб рацІцІалъиги камиллъизабилин! Павел коринфияздаса рази вуго Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хІинкъичІого ва ракІчІун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере. Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа.
Выбор основного перевода